Аслияб гьумералде

Дипломал кьолеб тадбир

Дипломал кьолеб тадбир

Дагъистаналъул гуманитарияб институталда тIобитIана дипломал кьолеб тадбир. Гьелда гӀахьаллъана Дагъистаналъул лъай кьеялъул ва гӀелмуялъул министрасул заместитель ХIажимурад МухIаммадов, пачалихъияв хIаракатчи Энрик Муслимов, республикаялъул муфтияталъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев АхӀмад Кахаев, ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял суалазул министерствоялъул вакил Расул ХIажиев, гуманитариябгун педагогикияб колледжалъул директор Мурад Шафиев, энергетикияб колледжалъул директор Закир ГӀалиханов ва цогидалги.

ДГИялъул ректор НухӀкъади Бахмудкъадиевас бицана университет лъугӀарал студентазул лъаялъулгун махщалил бугеб кIваралъул.

 Жидерго кӀалъаязда киназго выпускниказе гьарана тавпикъ, хIалтIулъ бергьенлъаби. Тадбиралъул ахиралда магистрантаз баркала загьир гьабуна институталъул нухмалъиялъе, гьединго, жидерго мугӀалимзабазе.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...