Аслияб гьумералде

Турнир тIобитIана

Турнир тIобитIана

КӀитӀури росулъ тӀобитӀана бакӀалъулав машгьурав доктор ва профессор МухIаммад ТIалхIатовасул цIаралда волейбол хIаялъул турнир.

Шаитли росдал администрациялъ гӀуцӀараб гьеб тадбир букӀана гӀолилазда гьоркьоб мекъаб идеология бижичIого букIиналъул программаялда гъоркь. Жеги турниралъул мурад букӀана гӀун бачӀунеб гӀелалда жаниб берцинал тIабигIаталгун бусурбабазулал рукIа-рахъинал цIуни.

Турниралда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетӀерасул жамгӀияб хӀинкъигьечӀолъи цӀуниялъул рахъалъ заместитель МухIаммад Къурбановас, ЖамгӀияб палатаялъул председатель Сахратула Гъазиевас, ДРялъул Муфтияталъул ЦӀунтӀа районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухӀаммад ГӀабдулгIазизовас, росабазул бегавулаз, школабазул хIалтIухъазгун районалъул жамагIатаз.

«Терроризм ккола жамгӀия-талъул букӀинесеб хвезабулеб квешлъи. Гьелда данде къеркьезе кӀола гӀицӀго лъайгун тарбия кьеялдалъун», - ин абуна жиндир кIалъаялда МухIаммад Къурбановас.

Турниралда бергьаразе кьуна гӀарцулал сайгъатал, медалал ва хӀурматалъулал грамотаби.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...