Аслияб гьумералде

Муфтиязул данделъи

Муфтиязул данделъи

Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналде рачIун рукIана Россиялъул бусурбабазул рухIияб собраниялъул нухмалъулев Альбир-хIазрат Крганов, Татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигуллин, ДНРалъул ва ЛНРалъул муфтиял Рашид-хIазрат Брагин ва МухIаммад ИсмагIил-хIазрат Гамбаров.

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди гьел хIурматиял гьалбалгун дандчIвана ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIияб централда. Гьениб хIалтIи унеб бугеб куц бихьидал, Альбир-хIазратица абуна Дагъистаналъул муфтияталъ гьабулеб бугин къимат кьун хIал кIолареб ишилан. 

Гьеб дандчIваялда диналъул церехъабаз бицана Россиялда исламалъул бугеб кIваралъул, динияб лъай кьеялъул мурадалда регионазда гьабулеб бугеб хIалтIул ва церечIарал масъалабазул.

ЛНРалъул ДНРалъул муфтияз баркала кьуна шайих АхIмад-афандие гьел регионазда Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзабаз гьабулеб бугеб хIалтIухъ. «Дагъистаналъул муфтиятаз гьел регионазде ритIун рачIаразул кумекалдалъун гьанже 90 сонил ригьалде рахаразцин хIаракат бахъулеб буго Къуръан лъазабизе, цIализе», - ян бицана ДНРалъул муфти Рашид-хIазратица.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...