Аслияб гьумералде

Багинуб мажлис

Багинуб мажлис

Багинуб мажлис

ЧIарада районалъул Багинуб росулъ тIобитIана нилъее баракат щваяв ШугIайб-афанди ракIалде щвезавиялъул хIурматалда мажлис.  Гьев мубарак ккола гьеб росулъа ва вукъунги вуго росдал хабзалалъ.

Баракатаб мажлисалда гIахьаллъи гьабизе рачIаразда гьоркьор рукIана Хунзахъ районалъул ЦIияб БуцIра росдал имам ГIусман БатиргIалиев, Шамил районалъул имам ГIизудин ГIизудинов, БуцIра росдал бетIер МухIаммад-Расул ГIалиевич, МахIачхъала шагьаралъул имам Шамилил цIаралда бугеб мажгиталъул имам МухIаммад Сулейманов, ЧIарада районалъул имам Шамил ХIапизов ва гIемерал цогидалги.

Данделъаразе саламги кьун кIалъана районалъул бетIерасул заместитель МухIаммад ГIумаров ва гьес абуна районалъул бетIер МухIидин МухIаммадовасги битIанин киназдего саламилан. Гьес баркала загьир гьабуна мажлис гIуцIаразе, хасаб баркала кьуна зиярат къачIаялъулъ кIудияб бутIа лъурав Идрис ГIабдулаевасе. 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...