Аслияб гьумералде

ЦIунди цIияб мажгит

ЦIунди цIияб мажгит

ЦIунди цIияб мажгит

Гумбет районалъул ЦIунди росулъ тIобитIана цIияб мажгит рагьиялда хурхун мажлис.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас, Гъуниб районалъул имам Ибрагьим ГIабдулаевас, Хьаргаби районалъул имам МухIамадсайфулла АхIмаевасгун цогидазги.

КIалъазе рахъарал имамзабаз бицана Аллагьасул ﷻ рукъзал раялъул хиралъиялъул. Къадакодул бусеналъул къадаралъулгIаги мажгит барасе Аллагьас ﷻ Алжаналда мина балаян абураб машгьураб хIадис буго Аварагасул ﷺ, амма бищун мажгит берцин гьабулелдаса ккола гIибадаталъе жанире хьвадун жамагIаталъ гьеб цIезабиян.

Мажлисалъе ахир лъуна гIаммаб дугIа гьабиялдалъун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...