Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби.

Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса МухӀаммадица. Гьес байбихьуда президиумалъ ва ГӀалимзабазул советалъ гьабураб хӀалтӀул хӀасилал рехсана, хадубккун гьабизе бугелъул бицана.

Хадуб районазда ругел муфтияталъул вакилзабаз бицана жиде-жидецаго гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ, абуна хасго кIвар кьолин рухӀиябгун тарбия кьеялъул хӀалтӀабазде, наркотиказде данде къеркьеялде ва социалияб кӀвар бугел рахъазде.

ГӀуламабазалимзабазул советалда кIалъана муфтияталъул комитеталъул нухмалъулев Магьди МутагIиловги. Гьес бицана 2026 соналда диниял байрамкъоял чӀезариялъул, моцӀрол цӀияб сон байбихьиялъул рахъалъ гьабулеб бугеб хӀалтӀул хӀакъалъулъ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...