Аслияб гьумералде

«Инсан» фондалъ мина бана

«Инсан» фондалъ мина бана

«Инсан» фондалъул къайимлъиялда бугеб цо хъизамалъ гIумру гьабулеб буго Гъизилюрт районалъул Султанянгъиюрт росулъ. ПатIимат ва Рашид МухIаммадшариповаз гIемераб мехалда гIумру гьабулеб букIана гьанже гурони гьанже биххун иналда хIинкъи букIараб минаялъуб. Гьединлъидал рехсараб фондалъ хIукму гьабуна гьезие бан цIияб мина кьезе.

Фондалъул вакилас бицухъе, мина бан буго лъагIелгун бащадалда жаниб ва гьелда тIад харж гьабун буго кIиго миллион гъурущ. Мина базе кумек гьабуна росдал гIадамазги. Гьезги бакIарана гIарац ва кумек гьабуна мина базе.

Гьал къояздайин абуни цIияб минаялде рахъунезухъе кIулал кьеялъулаб тадбир тIобитIана росулъ. Гьелда гIахьаллъи гьабуна бакIалъулаб власталъул идарабазул нухмалъулезги муфтияталъул вакилзабазги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...