Аслияб гьумералде

Африкаялъул делегация – муфтиясухъ гьоболлъухъ

Африкаялъул делегация – муфтиясухъ гьоболлъухъ

Африкаялъул делегация – муфтиясухъ гьоболлъухъ

ЦерегIанго къоязда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Нигериялдаса, Сьерра-Леоналдаса, Бангладешалдаса, Ливаналдаса ва цо-цо цогидалги улкабаздаса гIолилалгун.

Африкаялъул улкабаздаса гIолилазул делегация республикаялде бачIун букIана «Познакомьтесь с Россией» абураб регионалияб программаялда рекъон.

Дагъистаналде рачIарал гьезие цIакъ бокьана республикаялъул муфтигун дандчIвазеги.

Делегациялда гъорлъ вукIарав Нигериялъул муфтиясул вас ГIабдулфатахI аль-ХIусайница абуна лъикIаб букIинаанин Дагъистаналдаги Африкаялъул улкабаздаги гьоркьор бухьенал чIезаруни, ай кIиябго бакIалда ругел бусурбабазе пайдаялъе рукIине. Шайих АхIмад-афандица гьеб пикруялъул рахъккуна ва чара гьечIого бухьенал чIезариялда тIад хIалтIизе кколин абуна.

КъватIисел улкабаздаса рачIарал гьалбалгун АхIмад-афанди дандчIвана ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIияб централда ва гьениб гьалбадерие экскурсияги гьабуна, гьеб балеб бакIалъул кIваралъулги бицана.

Делегациялъул цо вакилас Дагъистаналъул муфтиясда гьарана жиндир ватIаналдаги мажгит баялъе квербакъи гьабейин абун. Муфтияс рагIи кьуна кIвараб жигар бахъизе ва, тIадежоялъе, мадраса баялъеги бажарараб иш гьабизе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...