Аслияб гьумералде

МугIалимзабазул кумек

МугIалимзабазул кумек

ГIахьвахъ районалъул ТIадмагъилъ росулъа Пари МухIамадовналъ, риидалил каникулазул заманалда, тIобитIана «Дир бищун лъикIаб гьудул – «Ас-салам» абураб темаялда тIасан тадбир. Гьеб лъугIидал гьелъ лъималазе рикьана газетал ва риидалил заманалъ гьелда тIасан рокъоб гьабизе хIалтIиги кьуна. Гьелъ бицана жиндие цIакъ бокьулин «Ас-салам» ва гьелда рахъулел макъалабаз лъималазулъ бижизабулин диналде рокьиги, малъулин тарбиягиян. Гьединго газеталда батулин бокьараб суалалъе жавабгийилан. 

Гьелъул цIалдохъабазеги цIакъ бокьула «Ас-салам» ва цо номер гьоркьоб биччачIого цIализеги цIалула. Гьебги ккола Пари МухIамадовнаялъул хIаракат.

Гьединго баркала кьезе бокьун буго исаламалъул нухда гIемераб хIалтIи гьабулел Лъибищоса МухIаммадова Аминатие, ГIабдусаламова Жавгьаратие, Пари ГIумаровалъе. Гьезда ва цогидазда заман батула, сундухъго балагьичIого, гIун бачIунеб гIелалда гьоркьоб ислам тIибитIизабизеги, исламияб газета машгьур гьабизеги.

 

Чакар ХIусенова, муфтияталъул ГIахьвахъ районалда бугеб отделалъул нухмалъулей

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...