Аслияб гьумералде

Бусурбанал руччабазги хIала футбол

Бусурбанал руччабазги хIала футбол

Бусурбанал руччабазги хIала футбол

 

Мароккоялъул фотболалъул рахъалъ тIаса бищараб командаялда хIалей спортсменка НухIайла Бензина, дунялалъул чемпионаталда хIалаго, ккана тIад хIижабгун футбол хIарай тIоцеесей бусурбанай гIаданлъун.

Футболалъул рахъалъ руччабазул чемпионат унеб буго ЦIияб Зеландиялдагун Австралиялда. Гьеб халат бахъине буго 20-абилеб августалде щвезегIан.

Цебе ФИФАялъ гьукъун букIана къецазда бетIералда кIазгун цере рахъине. Гьелъие гIиллалъунги бихьизабулеб букIана гьелъ квалквал гьабулеб букIиналдаго цадахъ, жагъаллъи ккезе рес букIинги, ай дандиялъ кверги бан, кIаз цIани, горбое яги бетIералъе зарал ккезе бегьулин абун. Амма 2014 соналда гьеб гIурхъичIваялдаса инкар гьабуна ва гьанже бокьарай гIаданалъе рес буго ботIрода кIазгун футбол хIазе.

ФИФАялъ гьабураб гьединаб хIукму бугониги, хIижабгун футбол хIазе гьукъун буго Франциялда. Гьезул тIаса бищураб командаялдайин абуни хIалей йиго Мароккоялдаса анлъго футболистка.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...