Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул делегация щвана Донецкгун Луганскиялдеги

Дагъистаналъул делегация щвана Донецкгун Луганскиялдеги

Дагъистаналъул делегация щвана Донецкгун Луганскиялдеги

ДРялъул муфтияталъул северияб округалда ругел диниял хIаракатчагIазул делегация щвана Луганск ва Донецк республикабазде ва гьединго Запорожьялъулгун Херсон областазде.

Гьел дандчIвана бакIалъулал гIадамалгун, бицана исламияб диналъул хIакъалъулъ, гьаруна вагIза-насихIатал, цIалана мавлидал, бакIалъулал бусурбабазда цадахъ рана жамагIат гьабун какал. Хасавюрт шагьаралъул ва районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад МухIамадовас бицана жал щванин Луганскиялъул Северодонецк шагьаралдеги ва гьениб жидеда дандчIвай гьабунин Ингушетиялдаса диналъул вацаз.

 

 

 

 

«Бихьулеб буго жамагIат гьабун какал разеги цогидаб тIагIат-гIибадат гьабизеги гьенир киналго ресал чIезарун рукIин. Гьелъул цIакъ кIудияб кIварги буго. Щайгурелъул, гьеб мухъалда гIумру гьабун ругезул гIемерисел бусурбаби кколаро. Гьединлъидал гьезда ва цогидазда бихьулеб буго исламияб диналъул берцинлъи», - ян бицана М. МухIаммадовас.

Гьенире рачIаразе баркала кьуна гьеб ракьалда гIумру гьабун ругез гуребги, рагъулаб хъулухъалда ругезги.

Гьединго Россиялде гъорлъе рачIарал гьел бакIазда минаби ва цогидал бакIал ралезда гьоркьорги гIезегIан руго Северияб Кавказалдаса махщелчагIи. Гьезул къуваталдалъун рукIалиде ккезабулеб буго рагъалъ чIунтизабун букIараб 70-гIанасеб объект.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...