Аслияб гьумералде

Ингушазул кумек

Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи Якъуб Картоев. Гьел дандчIвана Дагъистаналъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагIиловгунги.

Гьез бицана кIиябго республикаялда гьоркьор ругел вацлъиялъулал бухьеназул, цоцазе кумек гьабизе ккеялъул ва хадубккунги гьудуллъигун вацлъи цIунизе тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ.

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


Имам АбулхIасан АшгIариясул хIакъалъулъ тIехь

ДРялъул муфтияталъул гIелмияб отделалъ хIадур гьабун буго кIудияв имам АбулхIасан АшгIариясул гIумруялъул ва гIелмуялъул бицараб тIехь.  КватIичIого гьеб бачIине буго къватIибе ва гьелдаса пайда босизе бегьула бокьарав чияс, хасго студентаз, исламияб гIелму лъазабулез.


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...