Аслияб гьумералде

Тахшагьаралъул мэр муфтиясухъ гьоболлъухъ

Тахшагьаралъул мэр муфтиясухъ гьоболлъухъ 

Тахшагьаралъул мэр муфтиясухъ гьоболлъухъ

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе гьоболлъухъ вачIун вукIана МахIачхъалаялъул мэр Юсуп Умавов.

Шагьаралъул бетIерас регионалъул бусурбабазул цевехъанасда баркана 64 сон тIубайги.

«Мун ккола, хIурматияв муфти, нижее киназего мугIалимлъунги, насихIатчилъунги, мисал босизе мустахIикъав инсанлъунги. Гьарула дуе лъикIабщинаб ва халатаб гIумру», - ян абуна тахшагьаралъул бетIерас.

Шайих АхIмад-афандица баркала кьуна Юсуп Умавовасе ва абуна цадахъ рекъон хIалтIи гьабулеб бугони, хIасил кьей хIакъаб бугин абун.

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...