Аслияб гьумералде

ГIурисел муфтиясухъ

ГIурисел муфтиясухъ

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандигун дандчIвазе рачIун рукIана Шамил районалъул ГIуриб росдал жамагIатчагIи.

Гьениб АхIмад-афандица ракIалде щвезаруна Шамил районалдаса рахъарал машгьурал гIадамал ва абуна, гьезул ирсилал ругин абун рукIинчIого, гьезго гIадин гIумру тIамизе щивас хIаракат бахъизе кколин.

ДандчIваялъул ахиралда гIурисез рухIияв цевехъанасе кьуна ГIуриса шазалиябгун накъшубандияб тIарикъаталъул устар ХIусенил МухIаммад-афандил рукIарал цо-цо тIагIалаби.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...