Аслияб гьумералде

Къуръан цIалиялъул къец

Къуръан цIалиялъул къец

Къуръан цIалиялъул къец

ТIидиб росулъа динияв хIаракатчи Нурасул МухIаммад-Къади ракIалде щвезавиялъул хIурматалда тIобитIана Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Шамил районалъул батIи-батIиял росабалъа 100-гIанасев гIахьалчияс.

Къец тIобитIана ункъо номинациялда рекъон ва бергьарал кIодо гьаруна гIарцулаб шапакъаталдалъунги батIи-батIиял сайгъатаздалъунги. ТIолалго гIахьалчагIазе кьуна Баркалаялъул кагъталги.  

Къецалъул хIасилал гьарун хадуб киназго зиярат гьабуна МухIаммад ХIафиз-афанди ва Нурасул МухIаммад-Къади вукъарал хабалазде.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...