Аслияб гьумералде

РацIцIа-ракъалъи гьабуна

РацIцIа-ракъалъи гьабуна

РацIцIа-ракъалъи гьабуна

Улкаялда ва хIатта дунялалдаго цIар рагIарал нилъер гIезегIан спортсменал руго хирияб ракьалда, ай гIумраялда. Гьезул къукъаялъе нухмалъи гьабулеб буго Идрис Асадулаевас. Гьесул нухмалъиялда гъоркь, Дагъистаналдаса хIажизабаз лъикIаб рацIцIа-ракъалъи гьабуна Ан-Нур мегIералъул ракьалда. Гьенибин абуни буго свалат-салам лъеяв хирияв Аварагасухъе тIоцебе Къуръаналъул аятал рещтIараб ХIираъ нохъо.

Маккагун Мадинаялъул ракьалде кколеб гьеб бакIалде зияраталъ рачIуна гIемерал хIажизаби. Гьайгьай гьеб бакI бацIцIад гьабизе тарал чагIиги руго. Амма хIажизабазул къадар гIемераб букIиналъ, гьениса кьищни-къул камуларо. Гьединлъидалин «Марва-Тур» компаниялъул хIажизабаз гьениб кидаго субботникалги тIоритIулеб.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...