Аслияб гьумералде

Муфтиясул приз щвана кIижанисезе

Муфтиясул приз щвана кIижанисезе  

Муфтиясул приз щвана кIижанисезе

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил призалъе гIоло Болъихъ районалъул ДЮСШялда тIобитIана росабазул командабазда гьоркьоб волейбол хIаялъул рахъалъ къецал.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф МухIаммадовас, районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад Мур-тазагIалиевас, гIолилазул цевехъан Муртуз Чупановас, районалъул депутатазул собраниялъул нухмалъулев ГIалиасхIаб МухIаммадовас, физическияб культураялъул, спорталъул гIолилазул ишазул ва туризмалъул отделалъул бетIерав специалист Рашид ГIабдусаламовас, росабазул имамзабаз ва жамагIатчагIаз.

КIалъазе рахъарал Юсуф МухIаммадовас ва районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас данделъаразе гьарана лъикIабщинаб, бицана спорталде кIвар кьезе кколеблъиялъул ва гьадинаб тадбир тIобитIулеб букIиналъухъ баркала загьир гьабуна Дагъистаналъул муфтиясе.

ПалхIасил, торгIокьаби хIан бергьана КIижани росдал команда. КIиабилеб бакI ккуна кьахъадерица ва лъабабилеб бакIалде бачIана Чанхъо росдал команда.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...