Аслияб гьумералде

Дилималда тӀобитӀана данделъи

Дилималда тӀобитӀана данделъи

Казбек районалъул Дилим росулъ тӀобитӀана районалъул диниял вакилзабазул данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна «Ас-салам» газеталъул, лъай кьеялъул управлениялъул, «Инсан» фондалъул, районалъул гӀолилазул жамгӀияб гӀуцӀиялъул хIаракатчагIазги.

Тадбир рагьана хирияб Къуръан цӀалиялдалъун.

Данделъиялда вагIза-насихIатал гьаруна диниял хIаракатчагIаз, бицана жакъасеб вхIвал-хIалалъул ва церечIарал суалалзул хIакъалъулъ.

Данделъиялда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председателасул заместитель Казим Темирбулатовги, муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухӀамад Мукъошдибировги, Казбек мухъалъул имамзабазул советалъул председатель Ражаб ГIабдулгIазизовги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...