Аслияб гьумералде

Луганскиялда гIолилазул форум

Луганскиялда гIолилазул форум

«Мужество и доблесть защитников Отечества — нравственный ориентир для молодёжи» абураб ц1аралда гъоркь Луганскиялда тIобитIана гIолилазул форум. Гьеб тадбир гIуц1унги букIана ДРялъул муфтияталъ, Луганскиялъул бусурбабазул Динияб идараялъул кумекалдалъун.

Форумалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзабаз, Россиялъул регионаздаса муфтияз ва диниялгун жамгIиял хIаракатчагIаз.

Дагъистаналъул муфтиясул саламги бицун, форумалда кIалъай гьабуна гьесул кумекчи АхIмад Надирбеговасги.

Форумалъул аслияб темалъунги букIана ВатIан бокьиялде гIолилал ахIи, квешабщиналдаса рикIкIад ч1езе кколеблъи гьезда бич1ч1изаби, яхI-намус ц1унун хьвада-ч1вадизе кколеблъи малъи.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...