Аслияб гьумералде

ДРялъул муфти дандчӀвана бахӀарзалгун

ДРялъул муфти дандчӀвана бахӀарзалгун

Дагъистан республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана къварилъиялде ккаразе кумек гьабизе гӀедегIарал гIолохъабигун.

Дагьалъ цебе МахӀачхъалаялда ккана талихIкъосараб лъугьа-бахъин. Машина бортун букӀана Октябралъул революциялъул цIаралда бугеб каналалъубе (КОР).

Гьелда рекIун рукIарал хвасар гьаризе рортана гьеб бакIалда аскIосан унел рукIарал гIолохъаби ва жидеего бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого, гьез хвасарги гьаруна машинаялда рекIун рукIарал.

Гьел бахӀарзазде хитӀаб гьабулаго, шайих АхӀмад-афандица тӀадчӀей гьабуна гьезул бахӀарчилъиялда, бицана кире кканиги ва кинаб хIалалда ругониги бусурбабаз цоцазе кумек гьабизе кколеблъиялъул.

Муфтияс баркала загьир гьабуна гӀолохъабазе ва гьарана икъбалгун талихIаб гIумру.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...