Аслияб гьумералде

ДРялъул муфти дандчIвана Болгаралъул исламияб академиялъул делегациягун

ДРялъул муфти дандчIвана Болгаралъул исламияб академиялъул делегациягун

ДРялъул муфти, шайих АхIмад афандигун дандчIвана Болгаралъул исламияб академиялъул делегациягун. Гьелъие нухмалъи гьабуна рехсараб академиялъул ректорасул ишал тIуралев Айнур Темирхановас. Гьединго дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул исламияб институталъул (РИИ) ректор Рафик Мухаметшиницаги. ДандчIваялда гьез бицана рехсараб исламияб лъай кьеялъул идараялъ гьабулеб бугеб хIалтIул ва рихьизарулел ругел хIасилазул.

ГурхIел-рахIмуялъул хъизамалъулаб сордо

Дагъистаналъул тахшагьаралда тIобитIана гурхIелрахIмуялъул хъизамалъулаб сордо. Гьеб тIобитIана кIалбиччанкъоялъул ва базе байбихьараб руччабазул «Марьям» рухIияб централъул хIурматалда данде ккезабун.

Гьеб центрги балеб буго муфтияталъул хIаракаталдалъун. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул председатель Шамил ГIалихановас, ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас, МахIачхъалаялъул епархиялъул иеромонах Иоанница (Анисимов). Данделъараз бицана Рамазан моцI нухда тIамураб къагIидаялъул, рихьизаруна видеороликал.

ХIеж борхизе изну кьуна

СагIудиязул ГIарабиялъул гражданаздаго цадахъ исана хIеж борхизе изну кьезе рес буго къватIисел улкабаздаса хIажизабазеги. Гьедин хъвалеб буго сагIудиязул Al-Watan газеталъ. ХIежалде риччазе руго коронавирусалдаса цIуниялъул мурадалда киналго шартIалги тIуразарун. Щибаб санайил хIеж борхизе вачIуна 2,5 миллионалдасаги цIикIкIун бусурбанчи. Гъоркьиса, коронавирусалъул пандемия букIиналда бан, хIеж борхизе изну щун букIана гIицIго азарго чиясе. Гьебгиха, СагIудиязул къираллъиялда гIумру гьабун ругезе.

Бищун гIолохъанай хъвадарухъан

СагIудиязул ГIарабиялдаса Ритай аль-Хазми рикIкIана бищун гIолохъанай хъвадарухъанлъун. 12 сонил ригьалде яхарай гьелъ хъван буго кIиго роман ва гьей йосана Гиннесил рекордазул тIехьалде. «ЦIализе-хъвазе лъаралдаса нахъе хIукму ккана творчествоялде тIаделъизе ва дирго ракIалда ругел ишазул хIакъалъулъ гIадамазеги бицине», - ян абуна гIолохъанай хъвадарухъаналъ.

«Сокровище потерянного моря» абураб гьелъул тIоцебесеб тIехьалда рехсолеб буго жидерго анищал гIумруялде кин рахъинаризе бегьулебали. 2020 соналдайин абуни гьелъ къватIибе биччана лъабабилебги тIехь.

Крымалда мажгит базе кумек гьабизе буго

РФялъул президент Владимир Путиница хIукуматалда тIадкъана Симферополалда балеб бугеб мажгит лъугIизабиялъе ресал ралагьейин ва 1 октябралде гьелъул хIакъалъулъ жиндаги лъазабейин абун. Исана 18 марталда Крымалъул муфтиясул заместитель Айдар ИсмагIилов дандчIван вукIана улкаялъул президентгун ва гьениб загьир гьабун букIана гьединаб гьариги. Мажгит бан лъугIизе кколаан 2020 соналдаго. Амма, цо-цо гIиллабазда бан, гьеб нахътIамун хутIана ва гьанже Путинил хIаракаталдалъун мажгит бан лъугIизабизе буго. Гьес бицана мажгит рагьулеб тадбиралда гIахьаллъизе Турциялъул президентги ахIизе вугин гьоболлъухъилан.

ГIурадаса Ибрагьимил хIалтIи

ДРялъул муфтияталъул лъай кьеялъул ва гIелму цебетIезабиялъул отделалъул хIаракаталдалъун хIадур гьабун буго машгьурав гIалимчи ГIурадаса Ибрагьимил тIехьалъул таржама. Гьеб буго чара гьечIого щивав бусурбанчияс цIализе кколеб ва жинда жаниб гIемерал пайдаби ругеб тIехь.

Симферополалда – кIалбиччанкъо

КIалбиччан къоялъул хIурматалда Симферополалда тIобитIана лъималазе байрам. Гьезда байрам баркана Крымалъул Пачалихъияб советалъул депутат Георгий Шаповаловасги. «Рамадан» абураб бакIалъулаб динияб гIуцIиялъул председатель Асан Куртиевас бицана гьеб байрам тIобитIиялъе квербакъанин бакIалъулал предпринимательзабаз.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...