Аслияб гьумералде

«Инсаналъ» ливаналъулазеги гьабуна кумек

«Инсаналъ» ливаналъулазеги гьабуна кумек

«Инсаналъ» ливаналъулазеги гьабуна кумек

«Инсан» фондалъул вакил щвана Ливаналъул Баржа шагьаралде. ГьабсагIаталда гьенив вуго, гIизраилалъулаз рагъ гьабиялда бан, лъутизе ккарав 26 азарго чи.

Гьайгьай гьениб буго цIакъ захIматаб ахIвал-хIал. ГIемерав чи хутIун вуго жанире руссине рукъзал гьечIого.

Фондалъул вакилзаби щвана гьезухъе, балагьана гьениб бугеб хIалалъухъ ва бихьана лъутун рачIаразе бугеб къварилъи. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, фондалъ гьениб бикьана кIиазарго одеялгун къаданижо, газалъул 100 печь ва ретIел чурулеб 20 машина.

Ливаналъулазе кумек гьабизелъун фондалъ лъазабун букIана гIарац бакIарулеб бугин абун. Ва къокъабго заманалда жаниб бакIарана кIиго миллионалдасаги цIикIкIун гъурущ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...