Аслияб гьумералде

Финалияб бутIаялъул хIасилал

Финалияб бутIаялъул хIасилал

МахIачхъалаялда тIобитIана рухIияб лъай кьеялъул идарабазул студентазда гьоркьоб грэпплингалъул рахъалъ финалияб бутIаялъул хIасилал гьарураб тадбир.

Турниралда гIахьаллъи гьабуна 150 спортсменас ва гьел цере рахъана анкьго батIияб цIайиялда.

Щибаб районалда тIобитIараб турниралъул хIасилалда, финалалде рорчIаразда гьоркьоб къец букIана МахIачхъалаялда, ай Дагъистаналъул исламияб университеталда.

ПалхIасил, бергьенъи щвана ДИУялъул командаялъе. Анкьго меседил медалалда гьоркьоса гьезие щвана щуго медаль.

Гьайгьай, бергьарал кIодо гьаруна батIи-батIиял шапакъатал кьунги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...