Аслияб гьумералде

Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум.

Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул квербакъиялдалъун гьеб форум гӀуцӀун букӀана Беларуссиялъул бусурбабазул динияб ассоциациялъ ва Дагъистан Республикаялъул муфтияталъ.

Форумалда гӀахьаллъана Дагъистаналъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов, Беларусь Республикаялъул муфти Абубекир Шабанович, Татарстаналъул муфти Камил Самигуллин ва цогидалги.

ГӀахьалчагӀазда гьоркьор рукӀана Беларусь Республикаялъул диниял ва миллатазул суалазул рахъалъ вакил Сергей Герасименя, дипломатияб корпусалъул вакилзаби, бусурбабазул жамагӀатчагIи.

Ункъо къоялъ халат бахъараб форумалда рорхана батIи-батIиял суалал, бицана масъалабазул, гьаруна гара-чIвариял.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...