Аслияб гьумералде

«ХIурматияв гражданин» абураб цIар кьуна

«ХIурматияв гражданин» абураб цIар кьуна

«ХIурматияв гражданин» абураб цIар кьуна

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе рачIун рукIана Гъизилюрт районалъул ва шагьаралъул гIадамал. Гьел рачIиналъе гIиллаги букIана районалъул ва шагьаралъул ХIурматияв гражданин абураб цIар муфтиясе кьезе.

Гьединго гьез баркала загьир гьабуна исана районалдагун шагьаралда Аварагасул ﷺ асарал рихьизе лъеялъе гьабураб квербакъиялъухъ.

Гьеб дандчIваялда районалъул ва шагьаралъул меценатаз имамзабазул советалъул председатель ГIалиасхIаб Къасумовасе сайгъат гьабуна, гьес гьабулеб бугеб хIалтIухъ баркала хIисабалда, лъабго рукъалъул квартираги.

Шайихас баркала загьир гьабуна гьалбадерие ва бицана гIолохъанаб мехалда Гъизилюрталда живго хIалтIулев вукIараблъиялъул.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...