Аслияб гьумералде

Муфтияталда – лъагIалил хIасилал

Муфтияталда – лъагIалил хIасилал Муфтияталда – лъагIалил хIасилал

Муфтияталда – лъагIалил хIасилал

Дагъистаналъул муфтияталъул отделазул нухмалъулелгун ва хIалтIухъабигун дандчIвана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди. ДандчIвайги тIобитIана гъоркьиса гьабураб хIалтIул бициналъул мурадалда.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовасги.

Тадбиралда кIалъазе рахъараз мухIканаб баян кьуна жиде-жидер отделалъ гьабураб хIалтIул ва бицана церечIарал цо-цо масъалабазул.

Дагъистаналъул муфтияс гьезул щивасе баркала кьуна гьабураб хIалтIухъ ва гьаруна магIнаял малъа-хъваял.

Гьединго жеги хIежалде инчIел муфтияталъул хIалтIухъабазе кьуна гьенире ине рес кьолел сертификатал. Цо-цоял кIодо гьаруна Баркалаялъул кагъталги кьун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...