Аслияб гьумералде

ТIолгороссиялъул форум

ТIолгороссиялъул форум

ТIолгороссиялъул форум

Халкъазул цолъиялъул къоялда бан «Россия - дир тарих» абураб тарихияб паркалда тIобитIана «Формирование российской идентичности в контексте глобальных вызовов, укрепления межнационального мира и согласия» абураб цIаралда гъоркь ТIолгороссиялъулаб форум.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна пачалихъияб власталъул идарабазул вакилзабаз, жамгIиял церехъабаз, гIелмияб интеллигенциялъ, республикаялъул муфтияталъул хIалтIухъабаз, студентаз ва цогидазги.

Форумалда кIалъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министрасул тIоцевесев заместитель Арсен МахIмудов, гIелмуялъул ва лъай кьеялъул министрасул заместитель ХIажимурад МухIаммадов, ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиев ва цогидалги.

Гьез бицана халкъазул цолъи жакъа чара гьечIого хIажат букIиналъул ва гIолеб гIелалъе ватIан бокьиялъулаб тарбия кьезе кколеблъиялъул хIакъалъулъ.

Гьеб тадбир гIуцIун букIана ДГИялъул ва миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялъул квербакъиялдалъун.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...