Аслияб гьумералде

ГIасаб тIобитIана «Тавбу гьабиялъул мажлис»

ГIасаб тIобитIана «Тавбу гьабиялъул мажлис»

Хирияб ШагIбан моцI тIаде щвеялъул хIурматалда, Шамил районалъул ГIасаб росдал мажгиталда тIобитIана «Тавбу гьабиялъул мажлис» абураб цIаралда гъоркь рухIиябгун лъай кьеялъулаб тадбир.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна росдал имам Ибрагьим ИсмагIиловас, Каспийск шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIиловас, ЧIикIаб росдал имам МухIаммад ГьитIиновас, ГIортIаколо росдал мадрасалъул мугIалим МухIаммадшафи ГIабдурахIмановас ва цогидазги.

КIалъазе рахъараз бицана рухIияб рацIцIалъи цIунизе, цевехъанасда нахърилълъине кколеблъиялъул, рехсана Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо лъугьа-бахъинал ва киналго бусурбаби ахIана Хириясдаса ﷺ мисал босун хвадизе. 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...