Аслияб гьумералде

Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе. 

 

Гьеб кумек щварав рагъухъанасул рагIабазда рекъон, тIоцебе гьин хIажат букIинчIо. Амма гьес хIукму гьабуна гьеб цадахъ босизе. Щолеб бакIалде щведал, команда бачIана цогидаб бакIалде гочине кколин абун. Гьеб мехалда ракIалде щвана школалъул цIалдохъабаз гьабураб доб гьин ва цIияб бакIалда, блиндажалъул кIалтIа бигъана гьеб. 

Цо заманалдасан гьеб бакIалде аскIобе бачIана тушманасул дрон. Амма гьеб мурадалде щвечIо: гьиналъ ккуна ва цебехун боржине кIвечIо. Гьелъул хIасилалда блиндажалъув вукIарав ункъо рагъухъанги щибго зарал ккечIого хутIана.

Рагъухъабаз дрон гьиналдаса батIа гьабуна ва гьеб битIана Дагъистаналдаса цIалдохъабазда бихьизе. 

Гьанже гьеб дрон школалда цIунизе буго тарихияб экспонат ва гьитIинабго кумекалъцин гIадамал хвасар гьаризе бегьулеблъиялъул гIаламат хIисабалда.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...