Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо.
Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна Совет хӀукуматалъул заманалда, дандчӀвана тӀарикъаталъул кӀудиял шайихзабигун, камуна кӀиго вас, гьезул цояв вукӀана республикаялъул муфтилъун.
Жакъа, 95 сон барав ХасмухӀаммад, гӀумру гьабун вуго МахӀачхъалаялда. ГIемерисеб заман тIамула мажгиталъуб. Гьесул гӀакълу буго бацӀцӀадаб, рагӀи - гӀакъилаб, ракI - иманалъул цӀураб. Президентасул баркиялъулаб телеграммалда хъван буго: «Хирияв ХасмухIаммад Абубакаров! Дица ракӀ-ракӀалъ баркула дуда гьавураб къо! Дур гӀелалъ хӀехьана захӀматал къварилъабиги, унго-унгоял тарихиял бергьенлъабиги. Дуца ва дур гьалмагъзабаз намус бацIцIадго хъулухъ гьабуна ВатӀаналъе. Жакъа нужер гӀумруялъул сапар, ватӀаналде бугеб рокьи, ракӀбацӀцӀалъи ккола гӀолилазе, нилъее киназего мустахӀикъаб мисаллъун. Гьарула дуе щулияб сахлъи ва кинабго лъикӀабщинаб».
Россиялъул президентасул барки – гьеб ккола ХасмухӀаммад Абубакаровасул гӀумруялъе, рухӀиял гӀадатал цӀуниялъулъ, гӀун бачӀунеб гӀелалъе тарбия кьеялъулъ гьес лъураб бутӀаялъе кьураб тӀадегӀанаб къимат.