Аслияб гьумералде

Столалда теннис хIана

Столалда теннис хIана 

Столалда теннис хIана

Болъихъ росулъ тIобитIана гIолилазда гьоркьоб столалда теннис хIаялъул рахъалъ турнир. Гьеб тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил призалъе гIоло.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф МухIаммадовас, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад МуртазагIалиевас, гIолилазул комитеталъул председатель Муртуз Чупановас, физическияб культураялъул, спорталъул, гIолилазул ва туризмалъул ишазул отделалъул бетIерав специалист Рашид ГIабдусаламовас ва цогидазги.

Турниралда гIахьаллъана Дагъистаналъул чемпион МухIаммад АхIмадхановги.

Къецазул хIасилалда тIоцебесеб бакI щвана МухIаммад СагIидовасе (Хунзахъ), кIиабилеб бакI ккуна Чанхъоса ГIабдула Алхасовас ва лъабабилел бакIазде рачIана Муниса МухIаммад МухIаммадов ва КIижаниса ГIумар Хасаймирзаев.

Бергьаразе ва гIахьаллъаразе кьуна кубокал, медалал, грамотаби, гIарцулал шапакъатал ва сайгъатал.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...