Аслияб гьумералде

ХасмухIаммад-хIажил цIияб тIехь

ХасмухIаммад-хIажил цIияб тIехь

ХасмухIаммад-хIажил цIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гIелмияб отделалъ къватIибе биччана «Уроки жизни» абураб цIаралда гъоркь гIалимчи ХасмухIаммад-хIажи Абубакаровасул тIехь.

Гьеб ккола цебеккун магIарул мацIалда бахъун букIараб «Дир гIумруялъул хIасил» абураб тIохьоде тIадежураялги гьарун, гIурусалде таржама гьабураб тIехь.

ХасмухIаммад-хIажил жиндирго квералъ хъварал асарал данде гьарун, гьесулгун ккарал гара-чIвариязул хъвай-хъвагIай гьабун гIуцIана гьеб тIехь. Гьев гIажаибаб тIабигIаталъул инсанасул гIумруги, гIаданлъиги, иманги, сабруги гIолеб гIелалъе мисал босизе мустахIикъаб букIиналъги, щивас жиндирго гIумрудул хIасил гьабизе кколеб букIин ракIалде щвеялъеги абун хъвалеб буго тIехьалъул цеберагIиялда.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...