Аслияб гьумералде

Муфтиясухъ гьоболлъухъ – къватIисел улкабаздаса гьалбал

Муфтиясухъ гьоболлъухъ – къватIисел улкабаздаса гьалбал

Муфтиясухъ гьоболлъухъ – къватIисел улкабаздаса гьалбал

Аварагасул ﷺ наслуялъул чи ХIабиб ХIусен Ас-Саккъаф ва кутакалда берцинго Къуръан цIалиялъул рахъалъ машгьурав Ремзи Эр гьоболлъухъ рачIун рукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе.

Дагъистаналда бараб лъабго къоялда жаниб гьалбал щвана батIи-батIиял шагьараздегун районазде ва муфтиясухъе гьоболлъухъе ин букIана гьезул аслияб мурадги.

«Дун Дагъистаналде щун вукIана ункъо соналъ цевеги. Гьаб нухалда жеги берцинлъун ва цебетIун буго мугIрузулаб улка», - ян бицана ХIабиб ХIусен Ас-Саккъафица.

Шайих АхIмад-афандица гьалбадерилгун букIараб накъиталда бицана тIолабго дунялалда ахIвал-хIал хIалуцараб гьаб заманалда жидеца исламалъул берцинлъиялда сверухъ цолъизарулин киналго, тIоритIулин халкъазе пайдаял тадбирал, исламиял мажлисал.

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...