Аслияб гьумералде

Къецалъул хIасилал гьаруна

Къецалъул хIасилал гьаруна

Каспийск шагьаралда бугеб «Греция» абураб банкетазулаб залалда тIобитIана «Основы религии» абураб тIехьалда тIасан лъазабун букIараб къецалъул финалияб бутIа.

Конкурс тIобитIана рехсараб шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIиловасул хIаракаталдалъун ва гьеб берцинго иналъе квербакъи гьабуна ДРялъул муфтияталъгун шагьаралъул депутатазул собраниялъул председатель ГIабдулвахIид Жаватовас.

Къецалда гIахьаллъи гьабуна 2500 цIалдохъанас. Финалалде ворчIана 300-яв.

ХIасил гьабидал тIоцебесеб бакI щвана Аминат Къадиевалъе, кIиабилеб бакI – Марьям КъурбанисмагIиловалъе, лъабабилеб бакI – МухIаммадрасул Исрапиловасе, ункъабилеб бакI - Фатима ГIабасовалъе, щуабилеб бакI – ХIажи-Мурад Жамалудиновасе.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...