Аслияб гьумералде

Дербенталде сапар

Дербенталде сапар

Дагьал церегIан къоязда Дербенталде сапар гьабуна Шамил районалъул къелдерил гIадамаз. Гьел щвана Дербенталъул аслияб мажгиталде ва гьениб тарихалъул учительзаби М. ГъазимухIамадовас, М. ХIажимухIамадовас, М. ТIайгибовас бицана гьелъул тарихалъул хIакъалъулъ. Хадур киналго ана асхIабзаби рукъараб хабаде. Росдал имам Аюб ЗайнулгIабидовас гIемераб баян кьуна, кин ва сундуе гIоло гьел Дагъистаналде рачIаралали бицана. ДугIа-алхIамалдаса хадуб щвана Нарын-хъалаялде. Лъай-хъвай гьабуна тарихиял бакIазулгун.

САЙПУЛА ГЬИТIИНАМУХIАМАДОВ

Бусурбанав гIалимчиясул цIирагьи

Оманалъул Лъай кьеялъул, цIех-рехал гьариязул ва инновациязул министерствоялъ хасаб премиялдалъун кIодо гьавуна гIалимчи СагIид Вакилиан гьес ургъараб катаналъухъ. Гьеб катаналъ кумек гьабула ругъун хехго сах гьабизе. СагIид Вакилиан ккола Оманалъул медицинаялъул ва гIелмиял цIех-рехазул университеталъул гIелмияв хIалтIухъан. Гьес ургъараб, ругъун бухьунеб катанги буго чIахI-хералъул кьучIалда гьабураб.

Тарихазул картаялъул кумек

Египеталда ракIалда буго нусазарго мажгиталъул хIакъалъулъ бицунеб тарихазулаб карта гьабизе. Гьеб улкаялъул министр МухIаммад Мухтар Гомааца бицухъе, Египеталда бугеб щибаб мажгиталъул тарих босизе буго рехсараб картаялде. Гьелъул кумекалдалъун бокьарав чиясул рес букIине буго щиб бакIалда кинаб мажгит бугебали лъазабизе.

800 сон бараб Къуръан

Дохаялда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб тIахьазул ярмаркаялда цебелъун букIана султIан Мурад ТIоцевесесул букIараб Къуръан. Гьеб буго 800 сон бараб Къуръан ва гьелъул багьа ккола цо миллион Катаралъул риал.

ГIаздал гьабураб мажгит

Казахстаналъул Достык абураб росулъ Надир Куанаевас гьабун буго гIаздал мажгит. Гьебги гьабуна 20 къоялда жаниб ва хIалтIизабуна лъабго тонна гIаздал. Надирица мажгит гьабун буго Уралалда бугелда релълъун. Instagramалда лъураб гьелъухъ гIемерав чи балагьана ва гьез гьесул хIалтIуе лъикIаб къиматги кьуна. Гъоркьисайин абуни гьес гIаздал гьабун букIана автомобиль.

Туркестаналда рухIияб центр

Туркестаналда балеб буго «Кылует» абураб цIаралда рухIияб центр. Гьениб букIине буго мадрасаги ва гьединго ракьулъ гьабураб мажгитги. Гьел хIалтIаби гьаризе байбихьана гъоркьиса октябрь моцIалда. Исана риидал бан лъугIизеги ккола. «Кылует» рухIияб центр балеб буго предпринимателазул ва жамгIияталъул кумекалдалъун.

Имран Ханица Путиние баркала кьуна

Пакистаналъул премьер-министр Имран Ханидаги РФялъул президент Владимир Путинидаги гьоркьоб букIараб телефоналъул кIалъаялда, Пакистаналъул цевехъанас Россиялъул президентасе баркала загьир гьабуна бусурбабазул рахъ кколеб букIиналъ. Гьединго гьес МухIаммад аварагасул ﷺ хIакъалъулъ лъикIаб калам гьабуралъухъ.

Гъоркьиса 23 декабралда халкъалъулгун букIараб «чIагояб эфиралда» Россиялъул президентас лъазабун букIана щибаб диналъул адаб гьабизе кколин ва Россиялда гIемерал бусурбаби рукIин кIочон тезеги бегьуларин абун. Гьединго абун букIана МухIаммад аварагасде ﷺ рагIад рехулеб калам гьаби кколин улкаялъул къанун хвезаби. КIиябго улкаялъул церехъабаз бицана пачалихъазда гьоркьор ругел бухьеназул ва гьел жеги гIатIид гьаризе кколеблъиялъул.

«Хваразул шагьар» батана СагIудиязул ГIарабиялда

СагIудиязул ГIарабиялда археологазда батун буго 4500 соналъ цебе бан букIараб нухлул рикьалаби. Гьелда сверухъ руго церегосел хабалабиги. «Гьел хабалаби кколел руго 4500 соналъ цере рукIарал, - ян бицана археолог Мелисса Кеннедица. – Ва бищунго гIажаибаб жо, гьел цIунун хутIун руго щибго лъугьинчIого».

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...