Аслияб гьумералде

Самараялдаса гьалбал муфтияталда

Самараялдаса гьалбал муфтияталда

«Нуж ккола исламалъул байрахъулал». Гьедин абуна Дагъистаналъул муфтияталъул хIалтIул бицунаго Самараялъул тарихияб мажгиталъул советалъул председатель ГIусман-хIажи Илингиница.

Гьал къоязда Самара областалъул делегациялъ гьоболлъи бана ДРялъул муфтияталда. Гьезда дандчIвай гьабуна муфтияталъул председатель ГIабдулла Салимовас. Гьес гьалбадерие бицана муфтияталъул хIалтIул ва гьабулеб бугеб ишалъул хIакъалъулъ.

14-15 сентябралда Самараялда тIобитIизе буго МухIаммад аварагасул ﷺ асаразул цебелъей. Гьеб заманалда Дагъистаналда ругел Аварагасул ﷺ асарал гьенире ритIизе руго заманаялъ. 

Самараялъулаз баркала кьуна муфтияталъул хIалтIухъабазе гьабураб гьоболлъиялъухъ ва абуна хадубккунги хIалтIи гьабизе бугин цадахъ рекъонилан.

Гьединго гьалбал дандчIвана республикаялъул муфти, шайих АхIмад-афандигунги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...