Аслияб гьумералде

Хьаргаби тIобитIана гIалимзабазул мажлис

Хьаргаби тIобитIана гIалимзабазул мажлис

Хьаргаби тIобитIана гIалимзабазул мажлис

Хьаргаби росдал аслияб мажгиталъуб тIобитIана республикаялъул гIалимзабазул мажлис.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас, гIалимзабаз, районаздаса рачIарал гIадамаз.

Мажлис нухда бачана Сулейман-СтIал районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил ГIумаровас.

Тадбир байбихьана хирияб Къуръаналдаса аятал цIалиялдалъун ва гьелги цIалана хIафиз Ибрагьим Аз-Зубажица.

Республикаялъул рухIи-ял церехъабаз бицана халкъазда гьоркьоб вацлъигун гьудуллъи цIунизе ккеялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул, Дагъистаналда парахатаб хIал букIиналъе киназго бахъизе кколеб хIаракаталъул хIакъалъулъ.

Мажлисалъул ахиралда гIумраялде ине изну кьолеб путевка щвеялъе можороги бахъана гIахьаллъаразда гьоркьоб.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...