Аслияб гьумералде

Жакъасел бахIарзал

Жакъасел бахIарзал

Жакъасел бахIарзал

Санкт-Петербург шагьаралда гIорулъе бортараб автобусалъур рукIарал гIадамал хвасар гьаризе лъелъе кIанцIаразда гьоркьов вукIана МухIаммадгIариф-афандиясул цIа-ралда бугеб Дагъистаналъул исламияб университеталъул студент Идрис ХIажиевги.

«Эбел-инсуца кидаго малъулаан дида къварилъиялде ккаразе кумек гьабизе гIедегIил гьабейилан абун. Дагъистаналъул исламияб университеталда цIалулеб мехалда нилъер рухIияв цевехъан, ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги абулаан кире кканиги гIадамаллъун рукIайин ва жамгIияталъе пайдаяб иш гьабулезул цебесеб кьерда рукIине хIаракатги бахъейин абун. Гьеб насихIат киданиги кIочон толаро ва гьеб къоялъ къварилъиялде ккаразе кумекалъе лъелъеги кIанцIана расги ургъичIого, диего къварилъи ккезе бегьулеблъиялъул пикруго гьабичIого. Дица щивав чиги ахIула гъункун рукIине, цоцазе кумек гьабизе, хIажат гьечIел гIадамазда хадурги инчIого нилъерго ватIан бокьизе ва гIолеб гIелалъе мисалияллъун рукIине», - ян бицана Идрис ХIажиевас.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...