Аслияб гьумералде

УФСИНалъулазулгун дандчӀвай

УФСИНалъулазулгун дандчӀвай

ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагIилов дандчIвана Россиялъул УФСИНалъул ДРялда бугеб идараялъулгун гьоркьорлъаби гьарулеб муфтияталъул вакил МухIаммад Къурбандибировгун ва УФСИНалъул начальникасул кумекчи  Шамил Хъарагищиевгун.

Гьединго данделъиялда гӀахьаллъана рухӀиябгун тарбия кьеялъул хӀалтӀи гьабулел диниял хӀаракатчагӀиги.

Гьеб тадбиралда гьаруна хӀалтӀул хӀасилал, гьоркьор лъуна цадахъ гьаризе бегьулел ишал, бицана туснахъазда ругел гӀадамазе рухӀиябгун моралияб квербакъи гьабиялъул масъалабазул.

ДРялъул муфтияталъул председателас баркала загьир гьабуна данделъиялъул гӀахьалчагӀазе гьабулеб бугеб хIалтIухъ ва туснахъазда ругезе рухӀияб тарбия кьеялъулъ лъолеб бугеб бутӀаялъухъ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...