Аслияб гьумералде

Дилималъулал - Лак районалда

Дилималъулал - Лак районалда

Лак районалъул Ницовкра росулъ цIигьабизе байбихьун буго Сайфулла-къади Башларовас гIумру гьабулеб букIараб мина. Гьев вукIана Дагъистаналда гуребги гьеб бахун къватIибги машгьурав инсан, гIалим тIарикъаталъул кIудияв шайих.

Мина цIигьабиялъул хIалтIаби унел руго шайих Сайфуллагь-къади Башларовасул наслуялъул чи ХIусен Башларовасул нухмалъиялда гъоркь.

Гьенире рачIунел руго Дагъистаналъул рахъ-рахъаздаса муъминзаби. Кумек гьабулеб буго бажарарас бажарухъе.

Гьал къоязда гьенире щвана Казбек районалъул Дилим росдал жамагIаталъул чагIиги. Гьенире унаго гьел щвана АхIмадул Яманиясул зияраталдеги.

Гьеб мина цIигьаби гIицIго бакIал раялъул проект гуро. Гьеб буго тIолабго Дагъистаналъул ирсалъулги, лъай кьеялъулги, рухIияб къиматалъулги адаб гьабулеб букIиналде ишара.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...