Аслияб гьумералде

«РакIалдещвезавиялъул» сордо

«РакIалдещвезавиялъул» сордо

«РакIалдещвезавиялъул» сордо

Лак районалъул Шовкра росулъ тIобитIана тIоцевесев исламияв журналист, шагьидасул хвелги щун гьаб дунялалдаса арав, ГIабдула ГIалишаев ракIалдещвезавиялъул сордо.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ГIабдула лъалел рукIараз, гьесул гьудул-гьалмагълъиялъ, росуцояз ва гIагарлъиялъ.

Киназго ракIалде щвезавуна ГIабдула, бицана гьесул къокъаб, амма бахIарчияб гIумруялъул, гьес исламалъул нухда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ.

Тадбиралъул ахиралда росдал бегавулас лъикIаблъун бихьизабуна ГIалишаевазул мина бугеб къватIалъе ГIабдулал цIар кьезе кколин абунги.

ГIабдулал вац АхIмадица, загьир гьабураб гьеб пикруялъухъ бегавуласе баркала кьуна ва абуна росулъ гIезегIан ругин къватIазе цIарал кьезе мустахIикъал гIадамал ва гьелги нилъеда кIочене бегьуларин абун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...