Аслияб гьумералде

ГIумраялде ине сертификатал щвана

ГIумраялде ине сертификатал щвана

Жакъа Дагъистаналда ва тIолабго Россиялдаго бищун лъикIаб ва пайдаяб газета «Ас-салам» бугин абуни, мекъи букIинаро. Аллагьасе ﷻ рецц, гьеб хъвалезул ва цIалулезул къадарги къо бахъанагIан цIикIкIунеб буго. Гьелдаса бугеб пайда халкъалда бичIчIулеб букIинги ккола кIудияб талихI.

Гьелдаго цадахъ «Ас-саламалъги» хIаракат бахъула цIалдолел рази гьаризе, гьезие пайдаяб, жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги батулелъул бицине ва хъвазе. Гьединго, подписка гьабуразда гьоркьоб тIоритIула батIи-батIиял къецалги. Масала, гIумраялде ине изну кьолеб путевка щвеялъе гIоло тIамула можоро.

Гьале лъагIалил байбихьудаго, гIурус, магIарул ва лъарагI мацIазда къватIибе биччалеб газеталъул цо-цо цIалдолесе путевка бергьана ва гьезие рес щвана хирияб ракьалде гIумра гьабизе ине.

Дагьал церегIан къоязда гьел, ай можоро бергьарал ахIун рукIана редакциялде ва гьезие кьуна Маккагун Мадинаялде ине рес кьолел сертификатал.  Гьайгьай, ПатIимат ЖабрагIиловаги, НурмухIаммад ЯхIяевги, МухIаммад ХIажиевги разиго хутIана гьединаб сайгъаталдаса ва гьез баркала загьир гьабуна редакциялъеги путевка кьуразеги.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...