Аслияб гьумералде

ГIахъуша – гIалимзабазул мажлис

ГIахъуша – гIалимзабазул мажлис

ГIахъуша – гIалимзабазул мажлис

ГIахъуша районалъул ГIахъуша росулъ тIобитIана гIалимзабазул республикаялъулаб мажлис.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандица ва гьес жиндирго вагIзаялда бицана тасаввуфалъулги гьединал мажлисазул букIунеб баракаталъулги хIакъалъулъ.

Муфтиясул кумекчи ГIабдуллагь Хидирбековас бицана рехсараб районалдаса рахъарал гIемерал гIалимзабазул ва гьез исламияб гIелму цебетIезабиялда лъураб бутIаялъул хIакъалъулъ.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна ГIахъуша районалдаса гуребги республикаялъул батIи-батIиял бакIаздасаги рачIарал гIадамаз.

Тадбир тIобитIулеб заманалда гIумраялде ине ихтияр кьолеб щуго путевка бергьиналъе рехана можороги.

Гьеб тадбир тIобитIиялъе жидеца цо хасаб бутIа лъурал чагIийин абуни ккола ГIахъуша районалдаса ГIиса ГIабдулаев ва ГIали МуртазагIалиев.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...