Аслияб гьумералде

«ГIолилал — Аварагасул ﷺ ирс»

«ГIолилал — Аварагасул ﷺ ирс»

«ГIолилал — Аварагасул ﷺ ирс»

«Молодёжь — наследие Пророка ﷺ» абураб цIаралда гъоркь, ГIиса аварагасул цIаралда бугеб РухIияб централда тIобитIана цIакъ кIудияб тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна 17 азаргогIан чияс.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул председатель ГIабдула Салимовас, МахIачхъалаялъул мэр Юсуп Умавовас, ДРялъул бетIерасул кумекчи Мурадбег Тинтиновас, республикаялъул спорталъул ва физическияб культураялъул министрасул заместитель ХIайдарбек ХIайдарбековас, тахшагьаралъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдула Ахаловас, муфтияталъул просвещениялъул отделалъул нухмалъулев Идрис Асадулаевас ва цогидазги.

КIалъазе рахъараз бицана рухIияб рахъ цебетIезабизе, къваригIел гьечIел ишаздаса ва гIадамаздаса гIолилал цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ.

Гьениб бицана Динияб идараялъ гьабулеб бугеб бергьун кIудияб хIалтIул, хасго гьаб заманалда гьерсидаса ва гьерсал тIиритIизарулездаса цIунун чIезе кколеблъиялъул.

Тадбиралъул ахиралда букIана батIи-батIиял сайгъатал кьейги. Масала, анлъго чиясе путевка щвана чIобого гIумраялъ ине, гьединго, можоро бергьаразе щвана iPhone 16, лъабго мотоцикл, 10 велосипед ва цогидалги сайгъатал.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...