Аслияб гьумералде

Форум тIобитIана

Форум тIобитIана

Форум тIобитIана

Башларовасул цIаралда бугеб медицинаялъулаб колледжалда тIобитIана «Особенности воспитательной работы в образовательной организации в современных условиях» абураб форум.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна 70-гIанасеб цIалул идарабаздаса вакилзабаз.

КIалъазе рахъаразда гьоркьор рукIана рехсараб колледжалъул директор Фатима Сулейманова, Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул отделалъул начальник Хасайбат Валиева, ЖамгIияб палатаялъул комиссиялъул председатель Бика ГIалиева, предприниматель, «ЛяРиба-Финанс» компаниялъул нухмалъулев Мурад ГIалискеров, психолог, преподаватель ГIалиасхIаб Мурзаев, Аскерхановасул цIаралда бугеб медицинаялъулаб колледжалъул директорасул заместитель Ирина ГIалиева, МухIаммад-ГIарифил цIаралда бугеб Дагъистаналъул исламияб университеталъул проректор МухIаммад АхIмадов ва цогидалги.

Гьез бицана гьарулел ругел хIалтIабазул ва дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...