Аслияб гьумералде

Гъазалда хъуна къурбан

Гъазалда хъуна къурбан

Палестинаялъул Гъазалда, Дагъистаналъул муфтиясул цIаралдасан, бикьана къурбаналъул гьан.

Дагъистаналъул муфти, гIалимзабазул советалъул председатель, шайих АхIмад-афандияс кидаго дугIа гьабула гIазаб-гIакъубаялда ругел Гъазалъул гIадамазе, гьезул ургъелги гьабун, муфтияс бугеб ресалда рекъон, квербакъиги гьабула гьезие.

Къурбаналъул гIидалъул хIурматалда, ДРялъул муфтиясул ва гьесул хъизамалъул цIаралдасан Гъазалда къурбаналъе хъуна варани, гьелъул гьан бикьана гьабсагIаталда бищун аслиял хIажалъабазде хIажатал, чадразул шагьаразда гIумру гьабун ругел гIадамазе. Шайих АхIмад-афандиясул хъизамалъ гьабураб гьеб иш лъугьана къварилъиялда ругезе квербакъилъун.

Муфтиясул ва гьесул лъадул гурхIел-рахIмуялъ гIемера гIадамазе гьабула кумек ва гьебги ккола Аллагьасул кIудияб рахIмат.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....