Аслияб гьумералде

Динияб форум

Динияб форум

Динияб форум

Лъабабилеб ноябралда Дагъистаналда тIобитIана диниял гIалимзабазул халкъазда гьоркьосеб конференция. Гьениб бицана гьаб заманалда хъизам цIуниялъе диналъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Гьелда гIахьаллъана РФялъул 30 регионалдаса ва СНГялъул улкабаздаса муфтиял, Дагъистаналъул пачалихъиял гIуцIабазул нухмалъулел ва жамгIиял хIаракатчагIи.

Диналъул ва хъизамалъул кIваралъул бицунел данделъаби тIоритIана ДГУялда, ДГПУялда, ДГМУялда, ДГТУялда, ДагГАУялда, ДГУНХалда.

«Гьудуллъиялъул рокъоб» тIобитIараб конференциялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги.

Гьениб бицана гьаб заманалда диналъул ва хъизамалъул бугеб кIваралъул ва букIинесеб заманалде цере лъурал масъалабазул хIакъалъулъ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...