Аслияб гьумералде

Удмуртиялдаса спортсменал муфтиясухъе щвана

Удмуртиялдаса спортсменал муфтиясухъе щвана

Удмуртиялдаса спортсменал муфтиясухъе щвана

Дагьал церегIан къоязда Удмуртиялдаса спортсменал гьоболлъухъ щвана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандиясухъе.

Гьел ккола «ДИНАМО-ИЖЕВСК» абураб клубалда ругьун гьарулел ругел боксерал. Гьездаго цадахъ вукIана гьезул тренер Олег Тимофеевги.

АхIмад-афандица гьезие бицана тIабигIат-гIамал берцин гьабизе ккеялъул ва гьаруна цо-цо насихIатал. Гьединго абуна халкъазда гьоркьосел къецазда Россиялъул цIар борхатго кквезе хIаракат бахъизе кколинги. 

Удмуртиялдаса спортсменал кIиго анкь базе рачIун рукIана Дагъистаналде. Гьезул чIей букIана ва ругьун гьариялъулал тадбирал тIоритIана Шамил районалъул Гьандихъ росулъ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...