Аслияб гьумералде

Зияратазде щвана

Зияратазде щвана

Цересел гIодоркъояз Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни росдал жамагIаталъ зиярат гьабуна Шамил районалдаса рахъарал устарзабазул хабалазде.

Гьел щвана:

  1. Гьолокь бугеб ГIали-шайихасул хабаде.
  2. ГIасаса шайих ГIабдурахIман-хIажиясул зияраталде.
  3. Лъахъа шайих ХIамзат-афандил зияраталде.
  4. ТIидиса шайих МухIаммад-афандил зияраталде.
  5. Бакълъухъа шайих СагIадухIажиясул МухIа-ммадил ва машгьурав гIалим ГIабдулгъафурил МухIаммадил зияратазде.
  6. СагIадухIажиясул МухIа-ммадица гIибадат гьабулеб букIараб Бакълъухъ росдал Гьамида абулеб бакIалде.
  7. ГIуриса шайих ХIусенил МухIаммад-афандил зияраталде.
  8. Гьандихъа шайих ХIумайд-афандил зияраталде.

Гьединго, хъвартихьунисел щвана гьанхъадерил мадрасалдеги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...