Аслияб гьумералде

Гъизляралда - «Къуръаналъул сордо»

Гъизляралда - «Къуръаналъул сордо»

Гъизляр шагьаралъул стадионалда тIобитIана «Къуръаналъул сордо» абураб тадбир.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна чанго азарго чияс. Гьезда гьоркьов вукIана Аварагасул ﷺ наслуялъул чи, шайих ХIабиб ХIусейн Ас-Сакъаф, ОАЭялдаса бусурбабазул жамгIияталъул тIолгодунялалъул советалъул генералияв секретарь МухIаммад Джума ал-Бишарий, Россиялъул субъектазул муфтиял, ЛНРалъул муфти МухIаммад ИсмагIил Гамбаров, исламиял гIелмабазул докторзаби, пачалихъиял ва жамгIиял хIаракатчагIи.

Тадбир байбихьана хIафиз Ибрагьим Аз-Зубаджица Къуръаналъул аятал цIалиялдаса.

Хадуб кIалъазе рахъараз бицана Аварагасул ﷺ гIумруялъул, гьев гьавиялъул хIурматалда тIоритIулел тадбиразул, рухIияб лъай кьезе кколеблъиялъул. 

КIалъаязда гьоркьо-гьоркьоб миллиял мацIазда ахIана мавлидалгун нашидал.

Гъизляр шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Шамил БахIандгIалиевас бицана гьадинал тадбираз квербакъулин бусурбаби цолъизариялъеян.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...